АВТОБИОГРАФИЯ:

 

Дун гьавуна 1953 соналъул 10 ноябрялда, Гумбет районалъул Мелъельтlа росулъ.

1961 - 1971 соназ цlалана школалда.

1972 соналъ ана армиялде. Армиялдаса вуссаравго дун хlалтlана, жиндир мунагьал чуреяв Ахlмад Амировгун Южно-Сухокумск шагьаралъул Дворец культураялда художественный руководительлъун щуго соналъ.

Хадув дун лъугьана хlалтlизе нефтяниклъун УБРалде.

Ахир къадги дица босана инсул махщел кодобе - 1987 соналдаса жакъа къоялде щвезегlан хlалтlулев вуго къадахъанлъун.

Кучlдул хъвазе дун лъугьана цlакъго нахъа.

Дир цо кици буго: "Бахlарчиясул тахида тухумалъе бакl гlола" - ян абураб, гьединлъидал Расулил тахил рагlалда чlинкlиллъигlаги батила диеги.

Нужедехун адаб - хатиргун, Мелъелтlаса Хlажияв!

 

Дизайн студия в Махачкале

Профессионализм - качество!
Простота - надежность!