БАХlАРЗАЛ ЩАЙ ХОЛЕЛ

 

Бице дуца дида мугlрузул улка,
Магlарул бахlарзал щай холелали?
Бице дуца дида хундерил ханас,
Хучбар щай вухlарав ахlун тlадегун?

 

Дида бичlуларо хъахlаб росулъа,
Махlмуд щайзе чlварав чlухlдае гурищ?
Дица дир мугlрузда цlехолеб буго
Бахlарзал щай холел магlарулазул?!

 

Жаваб кьолеб гьечlо кьурабаз дие,
Кьалул кор бакулел цlехарал мехалъ.
Инсул квераздасан Камалил Башир,
Камизе гьавурав щиб гlилаги ккун.

 

Гьобол-гьудулзаби хирияб дир ракь,
Холел щай жакъаги гьал гlолохъаби?!
Гьунар тlокlалщинал щапизарулеб,
Щун бугин замана зигар бай гьанже.

 

Дизайн студия в Махачкале

Профессионализм - качество!
Простота - надежность!