ДИР ХlАМА.

 

Мадугьал вачlана хlамида хадув,
Хlалтlизе цо къоялъ жиндихъе кьеян.
Гьединги мугъ хlулун хlалалъ бугеб гьеб,
Хlал лъазе течlого кьуна гьесухъе.

 

Гьорхьор къоял анна моцlалцин ана,
Бачlунаро хlама хlалтlуде араб.
Чияхъе кьуралъуб хlал щун батилин,
Хlакъикье ккелилан хадув вахъана.

 

Саламги кьун лъвана мадугьалихъе,
Моцl цебе ккун араб хlамида хадуб.
Роха-хинлъиялда хабарги бицун,
Хадуб дирго мурад загьир гьабуна.

 

Гlажаиблъи гьабун дихъги валагьун,
Дида мадугьалас баян гьабуна.
Дур хlама хlалтlи лъун нахъисеб къоялъ,
Нахъе гурищ араб дов мадугьалас?

 

Дов мадугьалас кlалтlе дун щведал,
Кlалъазе бачlинчlо, цlорон хутlана.
Хlамица гьабураб хlалтlи бихьидал,
Хlикмалъун хутlана ххаган валагьун.

 

Чорхолъ бугебщинаб яхlги бакlарун,
Дица дирго хlама цlехана гьесда,
Гьес дида абуна хlама анила,
Гьагъава гъоркь вугев гъов мадугьалас.

 

Гъов мадугьаласул кlалтlе дун щведал,
Рогlол гъунал руго, цlулал си буго,
Цlергlадин магlишат бакlарун буго,
Бакlабщинаб хlалтlи гьабун лъун буго.

 

Гlодовеги виччан саброги гьабун.
Дица дирго хlама цlехана гьесда.
Гьес дида абуна мун гьанисайищ?
Гьобол ватичlони жанив лъугьаян.

 

Нижер къавулъ хlама гьезего гьечlо,
Гьелъ гьабизегlадаб хlалтlиги гьечlо.
Кисаяли щвараб цо мугь хlуладги,
Мегъ бакlарун лъвиндал гlебеде ккана.

 

Гьедилан хвана дир херлъараб хlама,
Халкъалъе хlалги кьун гьадин дунги тун.
Гьабеха жамагlат нижее тамихl,
Хlамил жавабияв жанив тlамизе.

 

Дизайн студия в Махачкале

Профессионализм - качество!
Простота - надежность!