РАЧlА НУЖ ЭХЕ.
Тlад магlарухъ ругел рачlа нуж эхе,
Махlачхъалаялъул хъормал рихьизе.
Кlичlван мугьги къулун магьилъ чlечlого,
Магьалоги босун рачlа нуж эхе.
Махlачхъала щагьар бихьун лъвиналде.
Бокьун гьечlониги рачlа нуж эхе.
Нужееги бутlа щвезе бегьула,
Щивав чияс гьазий давла бачlани
Ралъдал рагlаллъаби котеджалги ран,
Каратlцин тун гьечlо лъеда бер чlвазе.
Лъикlалщинал бакlал ккун ругониги,
Щвараб жо бахъизе рахъа къватlире.
Магlарухъ букlунеб захlмат-гlакъуба,
Гlодор ругел гьазда бичlчlулеб гьечlо,
Гlураб ришбат босе гьазие кьезе
Гьеб мехалъ бакl щвела букlнидагlаги.
Гьазул хурзал гуро, гlи-боцlи гуро,
Мискин-пакъирасе садакъа гуро,
Бикъа-хъамуралъулл хъапал цlуниги,
Хъормазгlадин жеги тlалаб гьабула.
Гьединлъидал нужей чlезе бакl щвела
Гьазие кьолеб жо кьара гьабуни.
Тlад магlарухъ ругел рачlа нуж эхе,
Нужее щолеб жо щибдай бугоян.