Ахlул гохl
Рикlкlен гьечlеб аскар тlаде бусиндал.
Киналго хвезегlан рагьарал чlумал.
Гьале жакъа щвана зияраталъ дун,
Зани чlвачlел хабал ахlул гохlалде.
Дидаго лъачlого магlил гараца,
Гирун гьумер буго бухlизабулеб,
Доб къоялъ боркьараб рагьул коралъул,
Ругьнал хутlун руго жеги ракьалда.
Ахирисеб хlухьел рухlалъ инегlан,
Хlеренго бачунеб зикродул гьаракь,
Гьанжеги рагlуна гохl-шабаздасан,
Аскlове щолеъел щивав чиясда.
Бахlарзал къанщараб щобал рихьидал,
Щибали лъаларо хlал хасана дир.
Зиярат гьабизе бухьараб сапар,
сунн анна-Цундал цlа рекlана чорхолъ.
Дида цере чlана рагьул суратал,
Ругьналъан чвахулел бидулал хlорал.
Расги гlайиб гьечlел гlисинал лъимал,
Гlебеде рехарал чlварал руччаби.
Дида бажаричlо зиярат тьабун,
Зулмо чагlазул бо цебе тlамидал.
Жиделъ чилъи гьечlеб чорокаб умат,
Чали гьабун чlарал ахlул гохl сверун.
Нагlана батаги, Дагьистаналда,
Добб къояль зулмогун рачlарал нужей
Жакъа ахlул гохlда зиярат буго,
Загьирлъана нужой хlалихьатаб цlар.