МИКЬАБИЛЕБ МАРТ

 

Эбел дица дуда баркула жакъа,
Баркаталъул цlураб микьабилеб март.
Кьеги дуе талихl, тайги мун ехун,
Чорхолъ гlузро гьечlеб чlаголъиялда.

 

Дуца лъималазе кьураб тарбия,
Къасе кьижичlого, къад кlусичlого.
Къулула дица дуй гlодобе бетlер,
Гlамал берцинай дир хирияй эбел.

 

Дур хlалимаб балай, хlасратаб хlалъай,
Хlеренго бицунеб берцинаб рагlи,
Мун дир берзул канлъи, кагlбялъух хlинчl,
Кидаго хутlайги хвечlого нижей.

 

Бераздаса магlо чвахугеги дур,
Талихl кьун ехаяй хирияй эбел.
Халатаб гlумроги роцlараб зобги,
Гьарула дица дуй даим кидаго.

 

Дизайн студия в Махачкале

Профессионализм - качество!
Простота - надежность!