САБРУ ГЬЕЧlЕБ РОКЬИ.
Кунчlараб чирхъихъе хъварал рагlаби,
Рагlулищ хирияй гьанжеги дица?
Духъ ккараб рокьуца бижизабураб,
Бажари батилин тола дица гьеб.
Мун ракlалде щведал рекlараб цlаялъ,
Цlидасан гlакъуба кьола чорхое.
Чара бухlун бугин, хlал лъугlун бугин,
Хlалада те дуца гьанжегlаги дун.
Данде жаваб бугеб рокьи ккаразухъ,
Урхъун вукlана дун хирияй гьудул.
Квер дица бегьани босилищ дуца?
Басра гьавичlого халкъалда цеве.
Берцинал дур берал, бахинаб гьумер
Бихьулищ хиралъи берцинлъиялъул?
Бокьун буго дие дуда къвал базе,
Къасе виччан те дун духъе вачlине.