КЪУНКЪРАБИ

 

Ватlаналъул рагъулъ тlагlараб къукъа,
къункърабазде русун ратугеги нуж.
Тlасанги балагьун нужер бер чlвазе,
Бегьуледухъ гьечlо жакъа Дагъистан!

 

Бидулаз чурхъулеб шагьаралдейищ?
Шагьи кодоб гьечlел, ракъараздейищ?
Рукъ гьечlел къватlазда, регараздейищ?
Зодисан гlодобе нуж ралагьилел?

 

Чlорогоял мугlрул, ракъварал иццал,
Рукъ-рукъобе лъугьун чlараб мисскинлъи.
Вац кlочараб заман, загlипаб адаб,
Нужеда бихьизе бокьиларо дий.

 

Нужер къукъаялъе къоял анагlан,
Къулизе бакl гьечlо Дагьистаналда.
Гlайиб гьечlо нужер берцинал мухъал,
Нахъисел санабаз рачlинчlонани.

 

Дизайн студия в Махачкале

Профессионализм - качество!
Простота - надежность!