АНА ГlОЛОХЪАНЛЪИ

 

Гlакъло, лъай цlикlараб херльиялдаса,
Хивалал цlикlкlараб гlолохъанлъи лъикl.
Унго жакъа-анищ, жанги къуватги,
Жеги рокьул чlчlваби рекъезаризе!

 

Хъахlлъун ана бетlер, батlалъана ракl.
Хвель бахъун риччарал хивалаздаса,
Халатаб гlумродулъ гlолохъанлъуе,
Гlемераб замана батичlо дида,

 

Дица нахъа тараб гlумрудул тарих,
Гlузродай, роххелдай батизе буго?
Рахан бугеб анищ нахъе хъвагlазе,
Цlакъго захlмалъараб заман гьоркьоса.

 

Цебе араб заман загьруги босун,
Зигардулеб буго жиб гьекъейилан.
Согlаб макьуялъул кьогlлъи бихьулищ?
Кьоге дие загьру, гьекъезе гьечlо!

 

Дизайн студия в Махачкале

Профессионализм - качество!
Простота - надежность!