УНТАРАБ РОКЬИ

 

Свакан чараги хун черх унтун буго,
Чучизе рекlелав рикlкlада вуго.
Рукъалъул букlнида кlусун гlодойгун,
Гlодизе къасд буго къасеги дида.

 

Чорхолъ бакараб кан керемги борлъун,
Карачелгlадилан гьелчелеб буго.
Гlодун чучулареб, чара бухlараб,
Чанго гlузро буго гlакъуба кьолеб.

 

Гlадамазда гьоркьой бетlерги къулун,
Батlаго йиго дун дуде хьулалда.
Рикlкlаде аралъув вихьуларев мун,
Бихьуларищ дие бугеб гlакъуба?

 

Щибгурин гьабилеб рази йиго дун,
Къисматалъ гьабила гьоркьоблъи нилъее,
Биччан те чучизе дир черхалъул хlал,
Чучаран йиго дун дуе кидаго.

 

Дизайн студия в Махачкале

Профессионализм - качество!
Простота - надежность!