ГЬАДИНАЙ ЙИГО ДУН!

 

Рокьуца бижараб кьал кlваричlо дий,
Кьечlони талихlги тела жахlабго.
Хьибил хинлъулареб хивал кlваричlо,
Хасго вокьулесул бугонаниги.

 

Багlарараб къоялъ хъеч буссунареб,
Къулгlадухъеги дун жаний лъвинаро,
Папирусги бухlун почол ракьанда,
Кьижулев хlалимги хlажат гьечlо дий.

 

Хlалал рихьизеян хьибил ккуравги,
Хьулазул гlарщаца гlанкъизавила.
Каранда цlа лъолеб цlцlибиллъун квина,
Жаваб гьечlеб рокьи ракьулъ букъила.

 

Берцинав вищила, щулияв кквела,
Щаклъи ккарав тела, тохаб реххила.
Гlарац гlемерасе хlелхlедиларо,
Хlалимав вокьила рокьи гьабизе.

 

Гlамал батlияйин батlа гьайичlес,
Бокьани ячина чидай течlого.
Дун хlайран гьаюлеб хlал духъ батани,
Хlадурай йиго дун дуе ячlине!

 

Дизайн студия в Махачкале

Профессионализм - качество!
Простота - надежность!