ДАГlБА ГЬЕЧlО ДИР.

 

Гlолохъан вукlана кlодолъун анна,
Кlолеб гьечlо гьанже рокьи гьабизе.
Берзул канлъиялда квелъ бараб заман,
Кигlан хехгогlаги тlаде бачlараб.

 

Щагьарал тирулел тириял бохдул,
Тохлъун руго жакъа жаналдаса ун.
Радал вахъаравго хъахlлъи балеб рахъ,
Хъачlаб сураталде сверун буго дий.

 

Дагlба гьечlоан дир гьаб херлъиялде,
Гьадин дунго цохlо ххутlичlевани.
Халатал сардазги сонал анагlан,
Хивалал роркьула, макьу толаро.

 

Хlисабалги гьарун нахъе ургъидал,
Нахъа тараб заман рекlеда гьечlо.
Гlадан инсанасе ирсалъе щолеб,
Аслияб кlодолъи бугилан те гьеб.

 

Пикраби хивалал, херлъарал мехалъ,
Хванщинал гурони, рачlунел гьечlо.
Хlухьел тlагlараб къо тlаде бачlани,
Тlаде къулизе чи щивдай вачlина?

 

Дие ёкьулейги кьучlчl гьечlей щвана,
Кьураб талихlалъе тохлъи цlцlикlкlарай.
Дагlба гьечlо гьанже гьаб херлъиялде,
Кодор чlумалги ккун чlана дун гlодов.

 

Дизайн студия в Махачкале

Профессионализм - качество!
Простота - надежность!